МагIарулай.
ГьурмалIа берцинай
дир магIарулай,
ГIинтIаме дуего
пайдаяб ххарбихъ.
Ххадуб ракIги
бухIун гIодиларедухъ,
Дицца дуй
бицинин илбис щибали.
Гьеб малгIун
хъамуна рахIматалдасса,
Адамие сужда
гьелълъ гьабичIого.
Инсан сабаблъун
жиб нахъе хъамидал,
Гьев къосинавилин
гьеб гьедун буго.
Цо жиндий
бокьараб гьабизе гIоло,
Гьелълъ гIемераб
лълъикIлъи бихьизабула.
Бищунго гуккизе
бигьаял гьелълъий,
Руччаби ругинги
абулеб буго.
Жиндаго
гуккизе кIвечIев бихьинчи,
Гуккизе гьелълъ
чIчIужу тIамулей йиго.
Аллагьасс бижараб
куц хисизаби,
Киназулго гIинде
щурулеб буго.
Дуда лъай,
берцинай, дир магIарулай,
Дуцца кьунссрул
ретIун хIучч хъван батани,
Бергьана дуда
тIад гьеб малгIун шайтIан,
ТIамуна гьелълъги
мун мунагь гьабизе.
Малъал ххалатал
тун мун ятанани,
Гьабун буго
гьелълъ рукъ дур кверазда тIад,
Ххалатал малъазда
гъоркь шайтIан букIин,
ХIадисалда бугеб
щаклъи гьечIеб жо.
Гьелде тIадеги
гьел лакалълъги релъун,
ТIегьараб тIегь
гIадин гьарун ратани,
Гьеле дуй
багьана как борчIун ине,
Каки чуризе
гьел рацIцIинчIонани.
Аллагьасс берцинго
рижарал берал,
БатIа-батIаб
кьералълъ релъине ккани,
Доссда лъачIогойищ
ххутIун батараб,
Буссурбанчияссул
гьумер гьабизе.
Какие минутал
ратуларей дуй,
Релъаби гьаризе
замана кисса?
Къуръан лъазабизе
регIуларей мун,
Телепоналдеххун
юссун щай чIчIолей?
Россассда гурони
бихьи хIарамаб,
Черхх щай
бакI-бакIалIан ццебе реххулеб.
Боххдулги гъуждулги
чиярищ ругел,
Гьел дур
гIавраталде гъорлIе унарищ?
ТIадкъараб ретIелалълъ
чергеслъараб черхх,
ЦIадул кIукьмаххацца
къунцIизе бугин,
НилIеда
хIабибасс хIадисги бицун,
Воре,
цIунейилан ахIулеб гьечIищ.
Киназго гьабулин
багьана бати,
ЦIцIодорлъийищ
кколеб, дир магIарулай,
ГIакъра борхьал
рачIун мун кваналелълъул,
"Киналго"
рачIинищ дуй кумекалълъе.
Дин-ислам
лъалареб заманги гурин,
ХIадурун лълъикI
гьечIищ хвел бачIиналде.
Ххадуй тIад
юссине ресги кьоларин,
Ракьалда йикIаго
щай кантIуларей.
Росс, эмен,
вацц беццлъун дур ратаниги,
Дудаго бихьаги
рекIеда канлъи.
Бихьун кантIаразул
калам бичIчIизе,
БетIергьанасс
кьейги камилаб гIакълу
.
КечI хъвана НурмухIамадилазул ГIайшатицца.