«Планета» абулеб рагӏи элин мацӏцӏалълъул рагӏи ккола, ай πλανήτης (planētēs), гьелълъул магӏнаги «теркулеб» кколеб буго. Магӏарул мацӏцӏалда зодитерк (зодиб теркулеб) абизе бегьула.
Зодитерк - планета.
Марс зодитерк гӏараб мацӏцӏалда абула المريخ Мирихх илан, гьелълъул магӏна цӏа илан абулеб буго, багӏараб зодитерк иланги абула гьелда.
Багӏараб зодитерк - Марс.
Плутон зодитерк гӏодобмес абулеб рагӏуда ххурххараб буго, гьеб бецӏцӏаб бакӏилан абизе бегьула.
Бецӏцӏаб зодитерк - Плутон
Меркурий зодитерк гӏараб мацӏцӏалда абула عُطَارِدٌ Гӏутӏарид, гьелълъул цояб магӏна буго ххеххлъизе. Ххеххаб зодитерк илан абизе бегьула гьелда.
Ххеххаб зодитерк - Меркурий
Венера зодитерк гӏараб мацӏцӏалда абула الزُّهَرَةُ Зугьарат илан, гьелълъул цояб магӏна буго тӏегьалеб. Тӏегьалеб зодитерк илан абизе бегьула.
Тӏегьалеб зодитерк - Венера
Юпитер зодитерк гӏараб мацӏцӏалда المُشْتَرِي Муштари илан, гьелълъул магӏна буго бичун босулеб, жибго гьеб зодитерк бищун кӏудияб зодитерк буго, гьединго Кӏудиябаб зодитерк илан абизе бегьула гьелда.
Кӏудиябаб зодитерк - Юпитер
Сатурн зодитерк гӏараб мацӏцӏалда абула زُحَلُ Зухӏал илан, гьелълъул магӏнаги буго рикӏкӏадассеб, бищун рикӏкӏадассебни гьеб кколаро, кин букӏаниги гьелда Рикӏкӏадассеб зодитерк илан абизе бегьула.
Рикӏкӏадассеб зодитерк - Сатурн.
Нептун зодитерк рикӏкӏула бищун кутакал гьурал бугеб зодитерк илан, цинги гьелда Гьорол зодитерк илан абизе бегьула.
Гьорол зодитерк - Нептун
Уран зодитерк рикӏкӏула бищун цӏцӏорораб зодитерк илан. Цӏцӏорол зодитерк илан абизе бегьула гьелда.
Цӏцӏорол зодитерк - Уран.
Зодитерк - Планета
БагIараб Зодитерк - Планета Марс
БецIцIаб Зодитерк - Планета Плутон
Ххеххаб Зодитерк - Планета Меркурий
ТIегьалеб Зодитерк - Планета Венера
КIудиябаб Зодитерк - Планета Юпитер
РикIкIадассеб Зодитерк - Планета Сатурн
Гьорол Зодитерк - Планета Нептун
ЦIцIорол Зодитерк - Планета Уран







