.

7.23.2024

Аххираб заманаялда цо-цо магIарулал тамащаго кIалъалел руго

 Аххираб заманаялда цо-цо магIарулал тамащаго кIалъалел руго, масала, кидаго абулаан салам гIалайкум, гьанже цо-цояз абулеб буго салям алейкум, зулму - зульм абула, ислам - ислям абула. 


Кидагойищ чияр рагIаби чияр къагIидаялда абизе бугеб? НилIер умумуз киналго чияр рагIаби магIарул къагIидаялда абулаан, цинги совет хIукумат бачIарабго киналго гIурус мацIцIалдасса рачIарал рагIаби гIурус къагIидаялда тIамуна хъвазеги, абизеги. 

Дир мунагьал чураяй кIудабада гIурус мацIцI лъалеб букIинчIо, цинги гIурус рагIаби магIарул къагIидаялда абулаан, масала, шипер, ишланг, шипанер, панар, .... 

Гьанже магIарулаз гIурусаз абухъе абулеб буго, ценги цо заманаялда гьединго гIараб мацIцIалълъул рагIабиги гIараб къагIидаялда абизе байбихьана, вахI, кидалъизегIан гьедин букIине бугеб? Кида магIарул къагIидаялда чияр рагIаби абизе ругел? 

Гьанже цIцIаразул бицилин, умумуз ПатIимат, ГIайшат, ХIамзат, Ссапият цIцIарал кьолел рукIана лъималазе, гьанже Фатима, Аиша, Хамза, Сафия. ЦIакъ мекъаб жохха бугеб. 

НилIецца цIцIаралги чияр рагIаби магIарул къагIидаялда абизе ккола. КIварабгIан цIиял рагIаби ургъизе ккола. Цинги цIияб алипги къваригIун буго нилIее.