Кэш рагIи cache ингил мацIцIалълъул рагIи буго, гьеб рагIи ингил мацIцIалде бачIана паранг мацIцIалдасса, гьебги буго cacher рагIи, гьелълъул магIнаги буго баххчизе, нилIер мацIцIалда буго раххчирукъ рагIи - лъималазул хIай, баххчибакI кэш рагIуда абизе бегьула, ценги кэш магIарул мацIцIалда баххчибакI ккезехъин буго
6.25.2024
6.24.2024
Къеркьохъан
Чемпион champion букIун буго ингил мацIцIалълъул рагIи, гьелълъул магIна тIоццебе букIана къеркьохъан, гугарухъан, гьанже гьелълъул магIна буго бергьарав.
Цинги магIарул мацIцIалда ккезехъин буго:
Къеркьохъан - спортсмен
КъеркьокIан - стадион
КъеркьохIай - спортивное соревнование
Къеркьел - спорт
Бергьарав (цойги магIна) яги бергьарухъан - чемпион.
6.23.2024
Бассмаро
Принтер printer букIун буго ингил мацIцIалълъул рагIи, гьелълъул магIна ккола print рагIудасса бассмаялда бахъи, ценги printer ккезехъин буго бассмаро.
ЩокIорихь
Нерв nervus рагIи букIун буго элин мацIцIалълъул рагIи, гьелълъул магIнаги буго ччобори, рихь. МагIарул мацIцIалда бидурихь рагIиги буго, гьелдаги дицца релълъинабуна щокIорихь (нерв), щекI (кусок мясо, сухожилие, жила) + рихь (жила). ЩокIорихь ккезехъин буго.
6.22.2024
ЦогоцIцIар
Омоним рагIи элин мацIцIалълъул букIун буго, homonymos: homos - цого, onoma - цIцIар, магIарул мацIцIалда цогоцIцIар ккезехъин буго.
нус - къотIулеб жо, нус - васассул чIчIужу.
бетIер - чорххол лага, бетIер - ццевессев вищарав.
моцIцI - лъагIалил заманаби, моцIцI - зодоб бугеб.
мацIцI - чорххол лага, мацIцI - бицунеб мацIцI.
6.21.2024
РелълъенцIцIар
Синонимги synonymos элин мацIцIалълъул рагIи букIун буго, гьелълъул магIна кколеб буго релълъараб, цинги магIарул мацIцIалда релълъенцIцIар ккезехъин буго.
6.20.2024
ГIакссацIцIар
Антоним букIун буго элин мацIцIалълъул рагIи, гьеб рагIи гIуцIцIун буго кIиго рагIудасса, цояб anti - данде яги гIаксса, цогидаб ónyma - цIцIар, магIарул мацIцIалда гIакссацIцIар ккезехъин буго.
6.19.2024
КъвакI
Ядро букIун буго элин мацIцIалълъул рагIи, hadros - гучаб, къвакIараб. Ядро - къвакI илан абизе бегьула.
6.18.2024
6.15.2024
РоххтицIцIибил - Баразилалълъулаб гъветI
РоххтицIцIибил - Баразилалълъулаб гъветI, гIурус мацIцIалда жаботикаба абула. ЦIцIолбол гъветIиланги абула, гьелда бижулеб пихъалда абула баразилалълъулаб цIцIибил.